Menu
Муалим

Муалим

Аллагьасул нухда садакъа бикье!

Щибаб рецц ТIадегIанав Аллагьасе буго, Жинца кинабго махлукъаталдаса хира гьавун вижарав, тIолго гIаламалъего рахIматлъун, нилъеда кIиябго дунялалда батулеб хIакъаб талихIалде - хвасарлъиялде нух малъизе жинда ссалат салам лъеяв МухIаммад Авараг нилъехъе витIарав ва гьединго Жиндир хирияб Къуранги рещтIун гьелда жаниб нилъее бигьалъи кьурав. ТIадегIанав Аллагьас даимаб ссалат салам лъеги нилъер Аварагасда, гьесул хъизан-агьлуялда ва киналго асхIабзабада.

Суал - жаваб

Суал: Авлахъалда яги гIор-лъар гьоркьоб букIун имамасдаги маъмумасдаги гьоркьоб кигIан манзил букIине бегьулеб?

ШАГIБАН МОЦI БАЩАЛЪАРАБ МЕХАЛЪ ГЬАБУЛЕЛ ЖАЛАЗУЛ БАЯН БУГО ГЬАБ

ШагIбан бащалъараб мехалъ цIалулеб дугIа буго гьаб: ТIоцебе "Ясин" цIалила лъабцIул. Цебесеб гIумру халалъиялъул нийяталда цIалила, кIиабилеб балагь борхиялъул нийяталда, лъабабилеб ризкъи гIатIилъиялъул нийяталда цIалила, щибаб цоялда хадуб гьаб дугIаги цIалила. Цо риваят буго анцIул цIалила абун.

ШагIбан - рацIцIалъиялъул моцI

Хириял моцIазул цояб ккола ШагIбан. Гьелъул кIодолъиялъул ва хиралъиялъул бицун буго Аллагьасул свалат салам лъеяв МухIаммад Аварагасул хIадисазда ва исламалъул гIалимзабазул каламалда.

Эбел инсуда аскIор гьаризе кколел адабал

Исламияб диналъ инсанасул гIумру берцин гьабула кинабго рахъалъ. Гьелъ малъула мискинасе садакъа кьезе, загIипасда гурхIел гьабизе, кIудиясул хIурмат гьабизе, хъизан берцинго хьихьизе, зулмуялде ккарасе квербакъи гьабизе. Гьелъ нилъеда малъула, эбел-инсуда аскIор гьаризе кколелги, гьудул-гьалмагъазда аскIор гьаризе кколелги, яц-вацазда аскIорги гьаризе кколел адабал.

КIалалъул хабар

КIал кквеялъул шартIал КIал кколев чиясе тIоцебесеб шартIлъун ккола ният гьаби. ГIей гьабула гьеб нийят дур рекIелъ бугониги, амма цIакъ лъикIаблъун рикIкIуна гьеб мацIалъ тасдикъ гьабизе. БатIайиса абуни ракIалъул нийят ккола фарз, кIалалъул-суннат. Гьеб лъазе ккола, щайгурелъул дандчIвалелъул мацIалъ нийят гьабизеги кIочон тун, кIал ккун пайда щибилан абулел гIадамал. Нийят гьабулаго рехсезе ккола къоги, моцIги, сонги ва кIалалъул тайпаги. Масала: "Дица нийят гьабула гьаб соналъул Рамазан моцIалъул паризаяб кIал кквезе Аллагьасе гIоло". Метерисеб къоялде кIал кквеялъе нийят гьабизе лъикIаб буго боголил какдаса хадуб, амма бегьула рогьел рехизегIан

Исраъ ва МигIраж

Раджаб моцIалда жаниб буго Исламалъул тарихалда бищун хIикматаб дунялалъул рокъоб бусурбабазе кидаго дарслъун чIолеб лъугьа-бахъин, Исраъ ва МигIраж.

Суал - жаваб

Суалазе жаваб кьолеб буго Кьохъа СултIанмухIамадида цеве гIелму цIаларав ГIободаса МухIаммад-хIажияс.

агьаибалъул сордо

Баракатал сардал - гьел ккола исламалъ жидер къадру-къимат, хIурмат гьабулел сардал. Жиндирго лагъзадерида гурхIарав ТIадегIанав Аллагьас гьезул цо-цоял цIар чIван рихьизаруна ва лъазабуна гьезулъ гьабураб дугIа-алхIам, тавбу къабул гьабулеблъи. Гьел сардаз рогьинегIан дугIа-алхIам гьабизе, рачIого хутIарал какал рецIун разе, хирияб Къуръан цIализе, дугIа, тавбу гьабизе, садакъа кьезе, бусурбаби рохизаризе, лъикIалдалъун хварал ракIалде щвезаризе ккола. Гьел сардазул хIурмат гьабизе ккола. ХIурмат гьабилъун ккола мунагьал гьариялдаса цIунун чIейги.
Подписаться на этот канал RSS

Анти-террор

Невесты Дагестана

Диаспоры

Звезды

Рейтинги

Просмотров: 30219

Вперед, GODUDU!

30 марта в конференц-зале ректората ДГУ состоялась пресс-конференция Гаджимурада Алиева и Запира Алх...

Ростелеком